Страница учителя родного языка и литературы Малаалиевой Х.И.

01.11.2021

Тема:Фазу ГIалиева "Кини"

01.11.2021

Тема: Фазу ГIалиева «Кини»                                                          

Дарсил мурадал:

 

1.      Фазу ГIалиевалъул гIумруялъул ва творчествоялъул хIакъалъулъ щвараб лъай щула гьаби;

2.      Цересел классазда малъараб материал такрар гьаби;

3.      «Кини» хабаралъул художествиябгун идеяб анализ гьаби;

4.      Авар адабияталде лъималазул рокьи бижизаби, щула гьаби.

ХIажалъулеб алат:  адабияталъул тIехь, Фазул суратал, тIахьазул выставка, презентация, карточкаби.

                                Дарсил ин:

I.                  МугIалимасул цеберагIи:

РорчIами, лъимал. Жакъа нилъер буго гIадатияб гуреб дарс. Щибаб дарсил букIуна жинди-жиндир тема. Жакъасеб дарсил тема, ва жакъа дарсида сундул бицине бугебали лъазе ккани, нилъеца рагIикъотцIезабизе ккола, кьурал суалазе жавабал хъвазе ккола. Гьел суалалги руго, лъимал, нужеца цересел дарсазда малъарал темабазда тIасан.

1.     Кинаб Дагъистаналъул шагьаралда бугеб Педучилище лъугIизабураб Р. ХIамзатовас? (Буйнакск)

2.     «Дир Дагъистан» абураб асаралъул аслиял героязул цояв? Нужеца цIалана Р.ХIамзатовасул прозаялдалъун хъвараб хIикматам асар «Дир Дагъистан». Щалха рукIарал гьенир аслиял героял? (Живго Расул, гьесул эмен ЦI. ХIамзат, АбутIалиб Гъафуров) (АбутIалиб)

         - Щиб миллаталъул шагIир кколев АбутIалиб? (лаказул)

МугIалим: Асаралъул геройин абураб мехалда, нужеда ккезе бегьула, гьеб асаралда жаниб гьес цо кинаб бугониги лъугьа-бахъин гьабулеб бугин. «Дир Дагъистан» абураб асаралъул хаслъи ккола, гьениб герояс иш гьабулеб гьечIо. Расулица гьенир кьун руго АбутIалибица жиндиего бицунеб букIараб, гьес жиндирго эмен ЦI. ХIамзатие рицунел рукIарал харбал рукIаниги, кицаби, абиял, биценал.

3. Муса МухIамадовасул къисаялда цIар, гьеб буго ясалъул цIарги. (Манарша)

- Нилъеца малъана М. МухIамадовасул «Манарша къиса». Гьеб къисаялъул аслияй герой ккола Манарша. Цойги манарша сунда цIар кколеб? Iегь)

4. «Эбелалъул ракI» абураб кочIол авторалда цIар? (Машидат Гъ.)

 

1

Б

у

й

н

а

к

С

к

 

2.А

б

у

тI

а

л

и

Б

 

                                 3

М

а

н

А

р

ш

а

 

4.М

а

ш

и

Д

а

т

 


Муг
Iалим: Релълъарал ункъбокIоназда жаниб кинаб рагIи бачIараб? (Кини)

Жакъасеб нилъер дарсил темаги ккола Фазу ГIалиевалъул  хабар «Кини».  Киниялда вущичIев, гьеб щиб жояли лъаларев чи нилъеда гъорлъ ватиларо. Лъаларезда бихьизе кини лъела цебесеб кьерда. Дарсида нужее рагьила Фазу ГIалиевалъул художествияб дунял.

Дарсил эпиграфлъун росун руго гьал рагIаби: (цо цIалдохъан тIамила цIализе)

Эпиграф:

«Миллион руччабазда гъорлъ гьей йихьарайаниги абилаан дица,

гьале поэт. Гьалъул рекIелъ лъугьунебщинаб цIализе

 бегьула гьелъул  цIадулал беразулъ».

                                                              Василий Федоров

 

МугIалим: Гьедин абун буго нилъер магIарул поэтесса Фазу ГIалиевалъул хIакъалъулъ гIурусазул  хъвадарухъан Василий Федоровас.

Дагъистан чIухIарай, хIурматай Фазу,

Изну кье кечI хъвазе мун кIодо гьаюн.

Дур кверзул гIедерлъи, гьаркьил хIеренлъи,

Биччанте киназго кочIолъ цIализе.

Мун йиго мугIрузда лебалай гIадан,

ГIумруялда жаниб гIемер жо лъарай.

Мун йиго мугIрузул гIажаибаб тIегь,

ГIемерал тIугьдузулъ дица йищарай.

КунчIи сунареб цIва Дагъистаналъул

Мун дурго халкъалда кIочене гьечIо.

ГьитIинго кочIоде бижараб рокьи,

Мисаллъун нижее хутIизе буго.

Дуца малъулеб нух бищана дица,

Дун мекъи ккеларо, дида гьеб лъала.

Дие мисал йиго, магIарул чIужу,

Мунагьал чураяй, халкъияй шагIир.

 

Нилъеца, гIадамазда гьоркьоб абула, лъимал, гьунар бугел гIадамал эбелалъ гьаруларин, заманаялъ гьарулин. Цо рахъалъ гьеб битIараб батила. РикIкIадаб магIарул росулъ, шагIирзабазул ВатIан Хунзахъ тIалъиялда йижарай, гьитIинго гIемераб къварилъиги баччарай, эбелалъул магIуги бичIчIарай Фазул яхъана дунялалдаго цIар рагIарай поэтесса.

    Нилъеда лъала, цо кинаб бугониги иш гьабулаго, цере лъезе ккола цо кинал рукIаниги чIванкъотIарал мурадал ва масъалаби. Гьел мурадалги масъалабиги тIуразаризе нилъ гIемер хIалтIизе ккола.

Нилъер дарсилги рукIинарищха мурадал. Гьел кинал мурадал ратилин кколеб нужеда?

ЦIалдохъан:Фазу ГIалиевалъул хIакъалъулъ цIиял баянал лъазе.

МугIалим: БитIун буго. Нилъеца тIадегIанал классазде раханагIан бицуна шагIирзабазул хIакъалъулъ дагьабги гъваридго, дагьабги цIияб материалги кьун, цIиял асарал малъун. ШагIирзабазул батаниги, хъвадарухъабазул батаниги рухияб дунял нилъеда бичIчIизе яхI бахъула.

   Цойги мурад буго цересел классазда малъараб материал такрар гьаби.

   Кинаб асаралъул бицине бугеб жакъа?

ЦIалдохъан: Фазул хабар «Кини»

МугIалим: лъабабилеб мурад ккола «Кини» абураб хабаралъул идеябгун художествияб анализ гьаби.

Щибаб асар малъулаго нилъеца гьелдаса нилъеего пайда босула. Цин цIалула, бицуна, цинги гьенир ругел героязул гIамалги, хасиятги, кинабго нилъерго гIумруялда рекъезабула, гьеб битIараб батани.

 Нилъеда цебе чIараб масъалаги буго, лъимал, щибаб авар мацIалъул ва адабияталъул дарсил букIуна гьеб, хасго гьеб хIажат буго жакъа, нилъер гьаб мацIалда сверухъ хIалуцин цIикIкIараб мехалъ, нилъеца мацIалдехун рокьи бижизабизе, щула гьабизе ккола.

 

II.               Викторина

МугIалим: Гьанже нилъеца Ф. ГIалиевалъул бициналде цебе, цересел дарсазда малъарал асарал  кин нужеда лъан ругищали, ва кин ракIалде чIун ругелали хал гьабила.

Нужеда цере рукIина асараздасан росарал кескал, нужеца авторги  асаралда цIарги бицине гIамал гьабизе ккола.

1.  «Дир гIагараб авар мацI. Мун кибго дунгун буго. Кинидахъ дуца ахIараб кочIое дун кидаго хисизе гьечIоДир рекIелъ цIа бакизе гIучIал росизе дун мадугьалихъе инчIоМацIал батIиял рукIа аберакцо бугони»…

- Кинаб  асаралдаса росарал мухъал гьал  кколел? «Дир Дагъистан»

-Авторги ккола гьелъул? (Р. ХIамзатов)

2. «Жеги рогьун гьечIо, рагьда пачалъун,

ЧIегIераб накIкI буго, буртина гIадин,

ГIиссинккун щенолеб буго хинаб цIад,

ЦIалкIинисан гъоркье ханжу кинигин»…

- Кинаб асаралдаса росарал рагIаби гьал кколел? (поэма «Хваразул цIаралдасан»)

- Автор щив? Кинал поэмаби нилъеца малъарал? (ГI.Хачалов)

3. «Дие макьу гьечIо, огь кьогIал харбал,

Гьаб дир рохалиде рехарал ганчIал!

Божуге гьезда мун, дир камилаб халкъ,Хочу такой сайт

Дур кверазул килищ, кив воржинев дун?»

- Лъица хъварал мухъал гьал кколел? (Р. ХIамзатов)

- Щиб асаралдаса росарал? «поэма «Дир ракI мугIрузда буго»»

4.«Дир магIу бачIана бадиса къватIиб,

Къана данде цаби, вахъана тIаде,

Аваразул калам, гьелъул камиллъи,

Кинабго черхалда лъикIлъана ругънал»…

- Гьал раг1аби щиб асаралдаса росаралали лъаларев чи ватилин кколаро дида.                                                                      (Р. ХIамзатов  кечI «Авар мацI»)

 

5 .«Огь, эбелалъул ракI, эбелалъул ракI,

Букъараб заргIанаб эбелалъул ракI.

Лъимадул ургъелалъ ракьулъ тIерхьунеб,

Лъимадул рохелалъ зодиб боржунеб»…

- Автор ва асар рехсе. (Машидат Гъайирбекова кечI «Эбелалъул ракI»)

- Лъиде гьабураб кечI гьаб? (эбелалде)

Гьал кочIол мухъазулъ рифма ва ритм бате.

- Ритм щиб жо кколеб?

- Рифма щиб жо кколеб?

- чан гьижаялдасан гIуцIараб кечI гьаб кколеб?

МугIалим: ХIалчIахъадал! Бихьулеб буго нужеда малъараб материал лъикI ракIалда чIун букIин. Суалазе жавабалги лъикI кьолел руго.

 

III.           ЦIияб тема

ЦIалдохъан:Фазу абураб раг1улъ буго поэзия. Гьелъул цIар бахъарабго кочIол бакъан рагIула.

Фазу ккола поэзия! Фазу-шагIир, Фазу-берцинлъи, Фазу  чIужугIадан.

МугIалим:Исана тIоцебесеб сон гуро, лъимал, нилъеца Ф. ГIалиевалъул бицунеб. 5, 6, 7 классазда малъана нилъеца Фазул асарал.

Лъидаха ракIалда бугеб 5 абилеб классалда малъараб  асар?

ЦIалдохъан: 5 абилем классалда малъана аваразул шагIир ЦI. ХIамзатие (сурат бихьизабила) гьабураб «МугIалим» кечI.

ЦIалдохъан: 6 абилеб классалда малъана Дагъистаналъул цIар рагIарав артист(сурат бихьизабила), магIарулав, Дакку Асадулаевасде гьабураб «МагIарулав» кечI

ЦIалдохъан: 7 абилеб классалда малъана чIужугIаданалде гьабураб поэма «МагIарулазул нус». Гьей йикIана Эрмениялдаса хъамун ячIарай яс Анна, хадуй ШугIайнат ва Имам Шамилил чIужу.

МугIалим: ХIалчIахъадал, баркала.

РачIаха гьанже цо дагьабго Фазул хIакъалъулъ бицинин.

ЦIалдохъан: Фазу ГIалиева гьаюна Хунзахъ районалъул Гиничукь росулъ(росдал сурат). ГьитIинаб мехалъго гьей бесдаллъана., ва гьелъие тарбия кьуна эбелалъги  кIодоэбелалъги. Гьелъ лъугIизабуна ГIараниб гьоркьохъеб школа(сурат). Хадуй цIалана М. Горькил цIаралда бугеб литературияб институталда Москваялда.

МугIалим: Гьеб институталде цIализе лъугьунаго гьелъул ккана цо тамашаяб лъугьа-бахъин. Жание лъугьунаго киналго экзаменал Фазуца кьола щуйилазде, амма грамматикаялъе гьелъие щола цойилаб. Творческияб конкурсги гьелъул цIакъ лъикун букIана. Гьединлъидал гьей цо бажари бугей гIолилай йигин абун ахIула собеседованиялде, гIемерал профессоралги ракIарун. Цинги гьелда гьикъула, мун йигила Дагъистаналдаса ячIарай гIадан, щибилаха дуда Дагъистаналъул хIакъалъулъ бицине кIолеб, щиб гьелъул хIакъалъулъ лъалеб абун? Цинги Фазуцаги байбихьула кицабаздалъун, притчабаздалъун, абияздалъун жиндирго гIагараб Дагъистаналъул хIакъалъулъ бицине. Цо профессорас гьелъие кьола суал: Щибав шагIирасул букIине ккола жиндирго идеал, мисал босулеб. Дур бугищила гьединаб идеал абун. Фазуца абула, бугилан. Жиндие гьединаб идеаллъун кколин Микел Анджело. Риххун ккола киналго профессорал, мугIрузул росулъа ячIарай студенткаялда кисайила лъалев Микел Анджело. Гьикъула гьелда. Фазуца бицуна, жиндиейила школалда цIалулеб мехалъ гIурус учительницаялъ сайгъат гьабун букIанила М. Анджелол хIакъалъулъ тIехь. Гьеб тIехь цIаларалдаса нахъе бижанила гьесде рокьиян.

ЦIалдохъан: Фазу  гIемерал соназ хIалтIана «МагIарулай» журналалъул бетIерай редакторлъун. (Журналал рихьизарила). Нужеда гьанир ратула Ф. ГIалиевалъул кучIдул, къокъал харбал. НасихIатиял, магIна гъваридал асарал.

МугIалим: Гьанже, лъимал, «Кини» хабар цIалулаго нужеда дан чIвазе бегьула цIиял рагIаби.

Словарияб хIалтIи (тетрадазда хъвала)

ЛахIзат – къокъаб заманалъул къадар, (момент)

Кьерилал – гIел бащадал

Свенек – киниялъул алат (бихьизабила)

Арбабаш – къадада бигъулеб, ялъуни гIодоб тIамулеб жидецаго бессараб палас. (бихьизабила)

МугIалимас хабаралъул къокъаб хIасил бицина:

Хабаралъул лъугьа-бахъин кколеб буго рагъул заманалда. Iудияб ВатIанияб рагъ).

- Кида байбихьараб КIудияб ВатIанияб рагъ? (1941 – 1945сс)

Гьеб лъугьа-бахъин гьел соназда кканиги, цIализе байбихьарабго нилъеда цебе чIолеб буго гIадатаб  магIарул росу. Фазул росу. Росулъе щвезе ячIуна Фазу, цинги гьелда Халун кIодохъе щвезе араб бакIалда, гьениб бихьула кини. Гьеб киниялда бугеб расен бихьарабго, Фазуда ракIалде щола кьогIаб рагъул заман. Щибха гьениб ккун букIараб?

1932 соналда гьаюрай Фазу рагъул  заманалда  жеги гьитIинай гIадан йикIинарищха. Амма гьитIинай йикIаниги гьелъие бокьулаан кIудиял ясалгун цадахъ йикIине. Росулъ ругел ясазул гIадат букIана иццухъе лъел цIезецадахъ хьвадулеб. Гьениб аскIобго букIана гIолилазул торгIо хIалеб ТIалъагIариян цIар бугеб байданлъи.  Гьелгун махсараби гьарун хабар-кIалалда рукIунаан ясал. Гьел ясазул горилъ йикIунаан Фазуги. Гьелъ бицен гьабулеб буго цо хасай ясалъул. Гьей ясалда ц1ар буго Меседо. Меседое вокьулев вукIана Закари абулев вас. Гьезул бертаде хIадурулеб букIана гIагарлъи. Ва амма 1941 соналъул 22 абилеб июналда байбихьана  КIудияб ВатIанияб рагъ.

  ЦIакъ захIматаб заман букIана тIолго нилъер улкаялъего гьеб. Хасго рагъул тIоцебесеб лъабго сон.  Росулъа киналниги бихьинал уна рагъде, гьезда цадахъ Закариги. Халунил гIагарлъиялъул хутIула гIицIго балугълъуде вахинчIев росасул вацасул вас ТIайгиб.

  Закари  хванин абураб чIег1ераб кагъат бачIуна Халунихъе. Гьелъие гьеб хабар цIакъ захIмалъана. Амма гьеб хабар уяблъун тезе цIакъ бокьун букIинчIо. Гьелъ гьеб рекIелъе биччалеб букIинчIо. Кинай эбелалъе бокьилеб гьединаб хабар. Цо къоялъ Фазуги гьелъул эбелги уна базаралде арбабаш бичизе.

- Щиб жо кколеб арбабаш?

Гьеб тIубараб къед цIураб арбабашалъухъ гьелъ гьарулеб букIана цо къали ролъул. Амма даран битIуларо. Базаралда сверулаго гьезда данде чIвана Халун. Гьелъул мугъалда букIана кини. Гьелъ дандечIваралщиназе гьеб беццулеб букIана. Киналго базаралда ругелщинал руччаби риххун рукIана гьелъухъ. Гьезда гьоркьоб щур-щур багъарула «Кинила гьалда кIолеб битIун ВатIаналда рагъул кор боркьараб мехалъ киниги мугъалда бан базар сверизе. Нижер васал ВатIан цIунулел, гьалъулавин абуни рокъов чIужу къинлъизаюлев».

  Цинги Халуница Фазул эбелалде аскIоеги ячIун абула жий йигила киниялъе свенек балагьулей. Гьаб киниги бугила Закарилги Меседолги васал рущизе гьабурабин. Эбелалъ ахIун абула: «ЛъикI буго, Халун, Закариги тIад вуссун, гьесул бертинги гьабун, лъимал гьарураб къо бихьизе хъван батагийин дуда»,- ян.

  Гьелъ гьей цееса ингун бицуна гьелъул цохIо вугев вас рагъда чIванин.

   Рагъги лъугIула, лъимал, магIарул росабалъе рукъ гьоркьоб тунниги васалги тIад руссула. Закари вуссунаро. Халунги цохIо жийго хутIула. Гьелъ жиндирго тIалаб гьабизе вачуна ТIайгиб. Халуница гIемераб яхI бахъула жиндирго васасул абурай Меседо ТIайгибие ячине. Гьей кумек гьарун  ячIуна Фазул кIодоэбелалъухъе. Меседо гIемерай чIола къуркьуларого. Гьелда жий Закарие гурони цойги чиясе ине бегьилин абураб жо ракIалде кколаро. ТIокIав чи вокьизе жинда кIоларин абуна гьелъ.  Амма Меседо гьез мукIур гьаюла.

    Меседолги ТIайгибилги бертин букIана росулъ рагъдаса хадуб зурма-къалигун тIоцебе гьабураб. Гьезие гьавула вас. Гьесда цIар лъола Закари абун. Гьедин лъугIулеб буго «Кини» абураб хабар.

 

IV.           Гьанже , лъимал, тIобитIизе буго гьадинаб хIалтIи. Нужее кьолел руго

V.              раг1аби. Гьел раг1абиги дандран нужеца лъугьинабизе ккола кици. ТIоцебе гьабун лъугIараз борхила цIва. (лъималазул столалда лъун рукIина цIваби)

1.           ВатIан хириясе хвел букIунаро.

2.            Рагъалъ вас гьавуларо, гьавурав чIван гурони.

VI. Дарсил хIасилал гьари:

1.Рагъалъ, лъимал, киданиги лъикIлъи бачIунаро, квешлъи, балагь, магIу гурони. ГIакълу бугел чагIаз гIадин  каламалдалъун батизе ккола бокьараб суалалъе жаваб, бокьараб масъалалъе хIасил. Гьел суалал цIакъго хIажаталлъун  руго гьаб нилъер жакъасеб гIадаб, лъеда тIаде ккараб тIамах гIадаб, гьаргьадулеб дунялалда. Нилъеда щибаб къоялъ бихьулеб буго дунялалда кколел рагъал: Украина, Сирия. Я Аллагь нилъедаса рикIкIад гьабеги гьеб балагь.

2. « Кини» хабаралъул аслиял героял   щал.?    

- Лъица гьеб хабар бицунеб бугеб?

- Халунил образалъе кинаб къимат кьолеб нужеца?

- Халунил образалдалъун щиб бихьизабулеб бугеб авторалъ?

- ЦохIо Халунищ гьедин бахIарчияй йикIарай яги рук1аралищ цойги героял?

-Нилъер росулъа лъалищ нужеда, гIахьаллъарал КIадияб ВатIанияб рагъда ?

 

VI. ХIалчIахъадал. Жакъасеб дарсил тема бичIчIун бугоха нужеда.

  Гьанже нилъеца гьабила цойги гьадинаб хIалтIи. Нужеца гIуцIизе ккола синквейн. Гьеб щиб жо кколебали нужеда лъала. Гьеб буго франг мацIалдаса бачIараб рагIи. ГIурус мацIалде буссинабуни гьеб ккола кечI. Гьеб гIуцIун букIуна щуго мухъалдаса.

1.           ЦIар. Тема. Предметияб цIар

2.           КIиго прилагательное.

3.           Лъабго глагол

4.           Предложение (аслияб магIна жиндилъ бугеб)

5.           ХIасил. Цо прилагательное.

- Нилъеца гIумру гьабулеб бакI щиб, лъимал? Нилъер ВатIан щиб? (Дагъистан)

Синквей гIуцIизе буго Дагъистаналъул хIакъалъулъ.

1.           Дагъистан

2.           Берцинаб, г1атIидаб

3.           БукIана, буго, букIине буго

4.           Дие Дагъистан бокьула.

5.           Хирияб

- ХIалчIахъадал. Щибав инсанасе, лъимал, Дагъистан, жиндирго ВатIан, жиндирго мацI, маданият букIине ккола хирияблъун. Нужеца яхI бахъе ЦI. ХIамзатилги, Фазулги, Расулилги… асаралги, гьезул мацIги лъазе.

 

- КIиго сурат бихьизабила (оптимист, пессимист).

Кинал чаг1и гьанир рахъун ругел?

Нужее жакъасеб дарс бокьанищ?

Кинаб суратха тIаса бищулеб бугеб?

- Дие нуж рокьула дир хириял, цIодорал, гIакъилал ,цIалдохъаби. Кьейги нужее сахлъи, талихIаб гIумру, цIалулъ бергьенлъаби. (Къиматал лъела).

 

VII. Рокъобе хIалтIи

1.           Ф. ГIалиевалъул «Кини» хабар цIализе, хIасил бицине. Гьенир ругел эпитетал, метафораби, дандекквеял хъван рачIине.

2.           «Кини» - темаялда тIасан синквейн гIуцIизе.

МугIалим: Жакъасеб дарс лъугIизабизе бокьун буго кочIол мухъаздалъун:

Эбелаб рахьдал мацI бокьаян абун,

АхIи балеб буго дунялалдаго,

Эбел йокьуларев чиго вугодай,

Чундулги угьдула гIалхуда гьелъухъ.

Нилъер авар мацIалъ цIар ахIулаго,

ЦIорорал мугIрузда гIазу биуна.

ГIолилал гьимани гьеб мацIалъ кIалъан,

КIанцIула гIазулъан цо гьайбатаб тIегь.

Малъе лъималазда гьезул рахьдал мацI,

Рице гьеб мацIалда гьезий маргьаби,

АхIе гьезий кучIдул муг1рузул бицун,

ГIагараб Дагъистан гьезий бокьизе.

 

Дир щаклъи гьечIо нужее  мацIги, ВатIанги, Дагъистанги бокьиялда. Аллагьас тавпикъ кьейги нужее цIалулъ. Нужерго мацIалдехунги ВатIаналдехунги бугеб рокьи нужерго лъималазеги  лъималазул лъималазеги кьезе Аллагьас кумек гьабеги нужее.

   

                                      

                                            Къо-мех лъикI!

 

Наверх
На сайте используются файлы cookie. Продолжая использование сайта, вы соглашаетесь на обработку своих персональных данных. Подробности об обработке ваших данных — в политике конфиденциальности.

Функционал «Мастер заполнения» недоступен с мобильных устройств.
Пожалуйста, воспользуйтесь персональным компьютером для редактирования информации в «Мастере заполнения».