Родной язык
Программа хIадур гьабуна Аслияб школалда лъай кьеялъул федералияб пачалихъияб стандартги цIалул предметазе гIуцIарал мисалиял программабиги кьочIое росун. Пограммаялъ аслияб школалда стандарталъ бихьизабураб авар мацI малъиялъул мурадалда рекъон стандарталъул хIасил рагьула ва рагIа-ракьан бахъун мухIканлъизабула, гьединго цIалул предметалдалъун цIалдохъабазе лъай ва тарбия кьеялъул нух бихьизабула. Программа ккола мисалияб, ва гьеб хIисабалде босула авар мацIалъул программаби ва учебникал хIадур гьарулел автораз, ай гьелъул кьучIалда гIуцIизе бегьула авторазул программаби ва цIалул тIахьал. Гьелда тIадеги, программаялда кьун буго щуабилеб классалъе гIуцIараб предметалъул тематикияб план. Гьелъ кумек гьабула Авар мацIабураб М.М. МуртазгIалиевасул, А.М. МуртазгIалиевасул 5 классалъул учебникалдаса пайда босизе. Мисалияб программаялда цадахъ предметалъул тематикияб план мугIалимас кьочIое босула, авар мацIалъул курсалъул хIалтIул программаби ва лъагIалил тематикиял планал хъвалаго.